Презентация - "Урок презентация "Алфавит" 5 класс"
- Презентации / Другие презентации
- 1
- 23.08.24
Просмотреть и скачать презентацию на тему "Урок презентация "Алфавит" 5 класс"
Дарсил мурадал:
Алфавиталда ругел хIарпал битIун цIализе бажари;
РагIаби алфавиталъул тартибалда лъезе бажари
РагIаби гIуцIизе бажари.
РекIелгъеялъулаб грамматика:
Гьал рагIабазул щибалда дандбитIун рагIаби хъвай. Авалалда яги гьоркьоб гьаркьилал гьаркьазул бакIалда гьелъие жутлъун кколеб зирараб ялъуни гъугъаб гьаракь хъвай.
бекана жал дун
рагIад дурун заз
гIеч хIатI бекун
тIун сани пер
кIул гIамал гор
Малъараб материал такрар гьаби:
1. Каламалъул гьаркьал сунда абулеб?
2. Каламалъул гьаркьазул бицунеб гIелмуялда кин абулеб?
3. Рагьарал гьаркьал кинал кколел?
4. Рагьукъал гьаркьал кинал кколел?
5. Хъвалаго хIарпги гьаракьги кин батIа гьабулеб?
Суалазе жавабал кье:
1. Щай къваригIунел хIарпал?
2. Алфавит сунда абулеб?
3. Щивав чиясе алфавит сундуе къваригIунеб?
ХIарпазул буго цо чIванкъотIараб, къабул
гьабураб тартиб. Гьединаб тартибалда
сокIкIарал тIолго хIарпазда абула алфавитилан.
Грек мацIалдасан: «альфа» + «вита»
Авар алфавит
А, Б, В, Г, Гъ, Гь, Г1, Д, Е, Ё, Ж, З, И, Й, К, Къ, Кь, КI, Л, ЛЪ,М, Н, О, П, Р, С, Т, ТI, У, Ф, Х, Хъ, Хь, ХI, Ц, ЦI, Ч, ЧI, Ш, Щ, Ъ, Ы, Ь, Э, Ю, Я
РагIул тIанчIи рахъе
Салимат –
Салим, сали, салат, ислам, Асма, салам, мисал, милат, Мали, тала, мал, сами, имам, лал
Малъараб материал щула гьаби.
Росдал цо авалалда рукIанила гьал хадур рехсарал цIарал ругел лъимал:
ВахIид, Шамсудин, Герей, ПатIимат, Пахрудин, Даниял, Чарамилав, ГIабдуразакъ, Узлипат, Урузмаг, Хадижат, Салимат, Зайнудин, Гъазияв, Юсуп, АхIмад, ЯхIия.
Гьал цIарал алфавиталъул тартибалда лъе.
АхIмад, ВахIид, Герей, Гъазияв, ГIабдуразакъ, Даниял, Зайнудин, Пахрудин, ПатIимат, Салимат, Узлипат, Урузмаг, Чарамилав, Шамсудин, Юсуп, ЯхIия
ХIухьбахъиялъул лахIзат
Пихъазул цIарал абе.
Гени –
ЛъачIев гьоркьоса вахъула. Бергьуна ахиралда хутIарав.
Дарсил хIасилал гьари:
КIочонге:
ХIарпги гьаракьги батIа гьабизе лъай.
Гьаракьалда хIарпилан, хIарпалда гьаракьилан абуге.
ХIарп хъвала ва нилъеда бихьула.
Гьаракь абула ва рагIула.