Презентация - "Открытый урок по аварскому языку на тему: "Наречие. Наречиялъул разрядал""

- Презентации / Другие презентации
- 24
- 06.11.23
Просмотреть и скачать презентацию на тему "Открытый урок по аварскому языку на тему: "Наречие. Наречиялъул разрядал""
Сайт klass-uchebnik.com предлагает качественные учебные материалы для школьников, родителей и учителей. Здесь можно бесплатно читать и скачивать современные учебники, рабочие тетради, а также наглядные презентации по всем предметам школьной программы. Материалы распределены по классам и темам, что делает поиск максимально удобным. Каждое пособие отличается логичной структурой, доступной подачей материала и соответствует действующим образовательным стандартам. Благодаря простому языку, наглядным схемам и практическим заданиям, обучение становится легче и эффективнее. Учебники подойдут как для ежедневной подготовки к урокам, так и для систематического повторения перед экзаменами.
Особое внимание стоит уделить разделу с презентациями - они становятся отличным визуальным дополнением к теории, помогают лучше понять сложные темы и удерживают внимание учащихся. Такие материалы удобно использовать в классе на интерактивной доске или при самостоятельной подготовке дома. Все размещённые на платформе материалы проверены на актуальность и соответствие учебной программе. Это делает сайт надёжным помощником в образовательном процессе для всех участников: школьников, учителей и родителей. Особенно удобно, что всё доступно онлайн без регистрации и в свободном доступе.
Если вы ищете надежный источник для подготовки к урокам, контрольным и экзаменам - klass-uchebnik.com станет отличным выбором. Здесь вы найдёте всё необходимое, включая "Открытый урок по аварскому языку на тему: "Наречие. Наречиялъул разрядал"", чтобы сделать обучение более организованным, интересным и результативным.
Наречие. Наречиялъул разрядал.
Рорч1ами, дир хириял!
Авар мац1алъул дарс 7 классалда
Г1абдулаева Г.Х
Авар мац1алъул дарс.
7 класс
Анц1ила акьабилеб март.
Наречиязул бит1унхъвай
Дарс х1адурана ва бачана: Г1абдулаева Гулжанат Х1абибх1ажиевна– авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алим
(Цолъизабураб)
Кинаб ах1вал-х1алгун нуж жакъа дарсиде рач1арал?
Наречияздалъун жаваб
(лъик1, гъираялда, кепалда….)
Дарсил мурад: наречиялъул х1акъалъулъ лъай щула гьабизе ва гьелъул бит1унхъваялъул бажари куцазе шарт1ал г1уц1и.
Дарсил масъалаби:
Лъай кьеялъул: наречиялъул лъай щула гьаби; гьелъул бит1унхъваялъул х1акъалъулъ лъай кьей; тексталда жанир наречиял х1алт1изаризе, гьел ратизе ругьун гьари.
Лъай цебет1езабиялъул: наречие каламалъулъ х1алт1изабун ругьун гьари, хъвавулаб ва к1алзулаб калам цебет1езаби.
Тарбия кьеялъул: ИКТялде ругьун гьари, къецалъулаб ва цадахъаб х1алт1уе бажари куцай.
КIочонге
Деепричастиялги глаголаздасан лъугьарал наречиялги магIнаялъул рахъалъ гIагарал руго. Гьезда гьоркьоб буго гьадинаб батIалъи:
Деепричастие букIуна араб ва гIахьалаб заманалда
Наречиязул заманияб форма букIунаро
Суффиксалги гьезул руго батIи-батIиял
Предложениялда жаниб иш лъугьараб куц,бакI,заман, къадар,гIилла-мурад баян гьабулеб каламалъул бут1аялда наречие абула. ХъачIго(кин?),цебе(киб?),жакъа(кида?) квешезе (щай?),кепалъе (сундуе гIоло?),гIемерго (кигIан?)
1.Ишалъул куцалъул наречие. Кин? Щиб куцалда? (ЛъикI,хехго.)
2.Заманалъул наречие. Кида?КидалъагIан? (Метер,рогьинегIан.)
3.БакIалъул наречие. Киб? Кибе?Кисан? (Доба,тIаде,аскIосан.)
4.Къадаралъул наречие. КигIан? Щиб къадаралъ? Чанабизе? Чанц1ул?
5.ГIилла-мурадалъул наречие. Щай? Сундуе гIоло? Квешезего,копоего,ургъунго.
НАРЕЧИЯЛЪУЛ РАЗРЯДАЛ
Наречиялъул разрядал
Ишалъул куцалъул
Заманалъул
Бак1алъул
Къадаралъул
Г1илла-
мурадалъул
Кин? Щиб куцалда?
Кида? Кидаллъизег1ан?
Киб? Кибе? Кисан?
Киг1ан?Щиб къадаралда?Чанц1ул?
Щай?Сундуе г1оло?
Наречие чIезабулеб къагIида
Наречие формабазде хисуларо
Кидаго цогидаб рагIуда нахъбилълъараб букIуна
ГIемерисеб глаголияб формаялда бухьараб букIуна
Киб? Кида? Кин? Щай? Сундуе гIоло? КигIан? – суалазе жаваблъун бачIуна.
Х1урматияб Кето! Дида г1емераб жо лъала . Дур лъаялъул х1ал бихьизин? Дир суалазе хехаб жаваб кье. 1 минуталда жаниб чан бит1араб жаваб дуца кьурабили бихьун дур лъаялъул даража борцине
буго. Бегьилищ?
Гьаяха!
Халбихье дурго.
Лъимал, нужеца балъго кумек гьабе дие.
Х1урматияб Кето! Дида г1емераб жо лъала . Дур лъаялъул х1ал бихьизин? Дир суалазе хехаб жаваб кье. 1 минуталда жаниб чан бит1араб жаваб дуца кьурабили бихьун дур лъаялъул даража борцине
буго. Бегьилищ?
1.Суффиксаздалъун: ГIан –къ,-хъе,-го,-дал,-а.-са,-дин,-гIан,-иса,-дал,-ихъе,-цIул.
Ци-цигIан,доб-добгIан,битIун-битIуниса,бачIин-бачIиндал,лъабго-лъабцIул.
2.РагIаби журан
Цебе-нахъа, цIакъго-цIакъ,гьаниб-доба
КIалагъоркье,чехьат1аде
НАРЕЧИЕ ЛЪУГЬУНА
Доб,мех
ТIад,гъоркь
Чехь,тIад
МегIер(киб?)
МаркIачIу,мех (кида?)
Рохь (киб?)
ГЬАЛ РАГIАБАЗДАСАН НАРЕЧИЯЛ ЛЪУГЬИНАРЕ:
Малъараб материал такрар гьаби.
1Кинаб каламалъул бутIаялда наречие абулеб?
2Чан разряд бугеб наречиялъул?
3Кин лъугьунеб наречие?
Чан форма бук1унеб бак1алъулги заманалъулги наречиязул?
Гьал х1арпал кколеб тартибалда лъун,
наречиял лъугьинаре.
А х у д б
Р гъ кь о
С а б о к1
Хъ л о б о хь
Б н а и гь
(Хадуб, гъоркь, аск1об, хьолбохъ, гьаниб.)
Гьал наречиязе синонимал
ургъе.
Гъорлъ, г1ажаибго, г1ажиз,
г1антго, даимго, парт1ан,
гванзго, абухъе, бет1ериса,
басра, вижахъе, кьиндал,
багьаго, заг1ипго, г1одоб.
Щивав ц1алдохъан доскаялда гьеб наречиялъе синоним ургъизе вахъинавила, гьеб лъугьараб куц хъвала, разряд ч1езабула.
Гьеб х1алт1и кьеразда гьоркьоб къец бан т1убала.
Жаваб Щивав ц1алдохъан доскаялда гьеб наречиялъе синоним ургъизе вахъинавила, гьеб лъугьараб куц хъвала, разряд ч1езабула.
Гьеб х1алт1и кьеразда гьоркьоб къец бан т1убала
Гъорлъ – жаниб, киб? Бак1алъул наречие
Г1ажаибго – х1икматго, кин? ишалъул куцалъул, х1икмат (пр. ц1.) + го
Г1ажиз-х1аликъ, кин? Иш. куцалъул, х1али(л) (пр.ц1. хаслъ.падеж) + къ
Г1антго – тохго кин? Ишалъул куцалъул, тох(лъи) (пр.ц1.) + го
Даимго – кидаго
Парт1ан – лах1заталда
Гванзго – ризго
Абухъе – бицухъе
Бет1ериса – т1огьиса
Басра – инжит
Бохса – ахадаса, х1ат1икьа
Вижахъе – лъугьухъе
Кьиндал – хасало
Багьаго – хираго
Заг1ипго – х1аликъго
Г1одоб – ч1арбида
Физкультминутка
Гъоркь, т1ад, квараниса, квег1иса.
Гъоркь, т1ад, квараниса квег1иса.
Хьалбазда квералги лъун гьал упражнениял гьарила, т1адеги рахъун.
1 нухалъ. Гъоркь абидал, к1усула, т1ад – рахъуна;
квараниса – кваранаб х1ет1е г1ебеде лъола, хадубго нахъе лъола, квег1иса – квег1аб х1ет1е г1ебса лъола, хадубго нахъе лъола.
2 нухалъ. Гъоркь абидал, к1усула, т1ад – рахъуна.
Квараниса – квараниса гьет1ула, квег1иса – квег1иса гьет1ула.
1.ГIадатал наречиял рагIухъе хъвала:
Масала : жакъаго, жаниб, бицухъе, унтидал
2. Журарал наречиял рекIун хъвала:
ГьабсагIат,къобакъинегIан, чехьатIаде.
3. Антонимаздалъун яги цого рагIи такрарлъун лъугьарал наречиял дефисгун хъвала:
Дора-гьанир,гъоркь-тIад,жакъаго-жакъа,цебе-цебе.
НАРЕЧИЯЗУЛ БИТIУНХЪВАЙ
Масала: дора-гьанир
цебе-цебе
гьанжего-гьанже
жакъаго-жакъа
гьоркьо-гьоркьоб
Антонимаздалъун яги цого рагIи такрарлъун лъугьарал наречиял дефисгун хъвала.
Ц1ияб тема
«Наречиязул бит1унхъвай»
Гьаб тексталда наречиял скобкабазда жаниса хъвай.
Жакъаго (жакъа) радалалдаса бакъ кунч1ун бук1ана. Гьоркьо (гьоркьоб) пири пирхулеб бук1ана, ва кьвагьго-кьвагьан зоб гъугъана. Дора (гьанир) реч1ч1улел лъел къат1рабаз гъот1ол т1анхал чехьа (т1аде) рахъинарулел рук1ана. Рагъида ц1ан (бит1ун) бегун, ц1адал кеп босулеб нижер кету Мивурги буго.
Гъоркь х1учч ц1араб раг1иялда кинаб гъалат1 ккезе рес бугеб нилъер.
Ц1ияб тема
«Наречиязул бит1унхъвай»
Гьаб тексталда наречиял скобкабазда жаниса хъвай.
Жакъаго -жакъа радалалдаса бакъ кунч1ун бук1ана. Гьоркьо -гьоркьоб пири пирхулеб бук1ана, ва кьвагьго-кьвагьан зоб гъугъана. Дора ---гьанир реч1ч1улел лъел къат1рабаз гъот1ол т1анхал чехьат1аде рахъинарулел рук1ана. Рагъида ц1анбит1ун бегун, ц1адал кеп босулеб нижер кету Мивурги буго.
Гъоркь х1учч ц1араб раг1иялда кинаб гъалат1 ккезе рес бугеб нилъер.
Къиса- Борохь-
Мег1ер- Гьад-
Т1анса- Ракьа-
Ахир-
Х1арпал хис-хисизарун лъун, гьал предметиял ц1арал наречиязда сверизаре
Гьал наречиязе антонимал рате. Гьелги гьоркьоре ккезарун предложениял гIуцIе.
ЗахIматго –
Халатго-
Щулаго-
Квараниса-
Эхеде-
Исана-
Мискинго
Жакъа-
Абухъе
Абидал-
Бигьаго-
Басра-
Гъорлъ-
ГIодоб-
Даимго-
ПартIан-
ГЬАЛ НАРЕЧИЯЗЕ СИНОНИМАЛ РАТЕ:
щиб жо кколеб синоним
«Калам цебетIезаби».
Гьал рагIабаздасан наречиял лъугьинаре:
къо
хасел
кьин
бежун
Бицун
гIебаб
доб
гъоб
кIицIул
анлъго
цIали
киб
Гьал х1арпалги рекъон кколедухъ лъун, бак1 бихьизабулел наречиял лъугьинаре
А х у д б, р гъ кь о, с а б о к1,
хъ л о б о хь, б н а и гь.
Тема щула гьаби.
Рач1а нилъеца гьанже т1ехьалдаса параграф ц1ализин ва гьелда хадуб бугеб 1 х1алт1и т1убазин
Рокъобе х1алт1и
Бажариялда рекъон:
-наречиял гьоркьоре ккезарун, «Хасало рохьоб» гьит1инабго сочинение хъвазе;
-наречиялъул х1акъалъулъ, кинабго лъай г1амгьабун, к1алъай х1адуризе.
- т1ехьалдаса х1алт1и 5, гь.202.
Гьанже кинаб х1ал нужер бугеб?
Нужеего къимат лъе.
Тетрадазда предложениял лъуг1изарун хъвай :
Дида лъана________
Дида бажарула:_________
Т1адч1ей гьабизе ккола_____________







































